Москваялъул шагьаралъул диваналъ хисизабичIого тана политик Алексей Навальныясул вац Олегие «Ив Рошеялъул» ишалда хурхун бихьизабураб диваналъул хIукму. Живго оппозициялъуласда хурхараб хIукму хисизабун буго.
Гьесдаса нахъе бахъун буго 500 азарго гъурщил гIакIа. Нахъе бахъун буго гьединго рукъалъул арестги.
Политикасул адвокатаз тIалаб гьабулеб букIана гьев витIухъ гьавулеб хIукму. Прокуратураялъин абуни, гьарулеб букIана гьесие туснахъалъул I0 сон, гьесул вацасе - 8 сон.
Адвокатаз диваналъул тIадецуй рикIкIунеб буго политикияб кьучI жинда гъоркь бугеблъун ва хурхинабулеб буго оппозициялъуласул антикоррупциялъулаб хIаракатчилъиялда.
Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» централъ январалда вацал Навальныял лъазаруна политикиял туснахъаллъун.