Афгъанистаналъул Логар провинциялда гьабураб теракталъул хIасилалда хун вуго 20 чи. БакIалъулаб нухмалъиялъул лъазабиялда рекъон, Пули-Алам абураб шагьаралда полициялъул униформа ретIарав ункъго чияс жалго кьвагьизарун руго полициялъул бутIаялда.
Губернаторасул рагIабазда, лъукъун вуго гьединго микьго чи. Гьанжеги тIадкIанцIиялъул жавабчилъи лъицаниги жидедего тIаде босун гьечIо.