Ссылки для упрощенного доступа

Брюсселалда къабул гьабун буго санкциязул цIияб сияхI


Евроцолъиялъул къватIисел ишазул миснитраз итни къоялда Брюсселалда къабул гьабуна Россиялъул цо-цо гражданазде ва Донбассалда рагъулел сепаратистазде данде санкциязул цIияб сияхI. Амма гьел байбихьиялъул иш 16 февралалде нахъбахъун буго. Франциялъул къватIисел ишазул министр Лоран Фабиусил рагIабазда рекъон, гьел санкциял къуваталде лъугьиналъул иш бараб букIине буго Минскалда Франциялъул, Алманиялъул, Украиналъул ва Россиялъул лидеразул данделъиялъул хIасилалда. Гьедин лъазабулеб буго Ройтерсалъ

Бицен гьабулеб сияхIалде росарал гIадамазе кьезе гьечIол визаби ва цIорозарулел руго гьезул финансазул активал.

XS
SM
MD
LG