Ссылки для упрощенного доступа

«Наркобароналлъун» руччаби рукIуна гьанир...


Гьал къоязда Дагъистаналъул жанисел ишазул идарабазул ункъго хIалтIухъанасухъ наркотиказда релълъараб жо батун руго. Гьеб хIужаялда хурхун хасал идарабаз байбихьун буго цIех-рех. Гьелъул хIасилалда, низам цIунулезухъ хIакъикъаталдаги наркотикал рукIин чIезабуни, гьел хIалтIудаса рахъизе ругин лъазабулеб буго жанисел ишазул министерлъиялъул Дагъистаналъул бутIаялъул пресс-хъулухъалъ.

6 февралалда Дербенталда низам цIунулез чIезабун буго Догъузпара мухъалъул полициялъул хIалтIухъанасул автомобиль. Хал-шал гьабулаго гьесул чвантиниб наркотикал ратун руго низам цIунулезда. Гьеб ишалда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьун бугин лъазабулеб буго Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ.

Республикаялъул къуваталъул идарабазул, цIарбицине бокьичIев, хIалтIухъанас «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна гьев, наркотикал кодор ратун, ккурав низамцIунулев гьелги хIалтIизарун, рекIедаса ун вукIанин. Гьес ракIалде ккараб хIалалъ бачунеб букIанин Дербенталъул къватIахъан автомобиль, гьедин цо чIужуги кIиго гьитIинаб лъимерги чIинтIизе бахъанин гьес, гьединго цо гьитIинабго тукадул цилиялдаги лълъуризабунила автомобиль. Гьеб кинабго бихьарал бакIалъул гIадамаз полициялъулаздаги абун ккунин гьеб автомобилилан.

Гьединго 7 февралалда Хьаргаби мухъалда низам цIунулез халгьабизе чIезабун буго полициялъул лъабго хIалтIухъан рекIараб автомобиль. Гьезул цоясухъ батун буго наркотикалда релъараб жо. Гьаб сагIат гьелъул хасаб экспертиза гьабулеб бугила, гьеб гьеб жо наркотик букIинч чIезабуни, гьелде хурхен бугел полициялъулал хъулухъалдаса рахъине ругин, хадуб къануналда рекъон гьезие букIине кколеб тамихI гьабизе бугина лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ.

Бищун кутакалда Дагъистанаталда наркотиказул даран-базар билълъараб бакIлъун рикIкIуна Дербент шагьар. Аслияб къагIидаялъ гьелъие гIиллалъун бугила Дербент Азербайджаналъул гIурхъуде аскIобегIан букIин, гьединго бищун цIар бугеб габанидул гьабулеб анаша гIезабулеб мухъги жанубияб Дагъистан букIин бугилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дербенталдаса жамгIияв хIаракатчи Расулица. Гьесул гьариялда рекъон нижеца гьесул цIар хисизабун буго.

Гьеб жамагIатчияс бицухъе наркобизнес тIегьаялъул аслияб гIайиб буго къуваталъул идарабазда. Гьез кверчIвачIого гьедигIан цIакъ эркенго наркотикал ричизе рукIинчIилан рикIкIунеб буго гьес.

Расулица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жив 12 соналъ гьеб наркотиказул даран-базаралда хадуб халккун вугила, жиндица гьеб иш мухIканго лъазабизе хIаракат бахъанила, амма гьеб тIубан лъан бажаруларила. Кутакалда махщалида, жасусазул къагIидабиги хIалтIизарун, хадув чи гъолареб хIалалъ бугила багъаризабун Дербенталда гьеб такъсирияб ишилан бицана гьес. Аслияб къагIидаялъ гьеб наркобизнес кодоб бугел чагIи рагIула Дербенталда ругел азербайджанал, гьеб бизнесалъе нухмалъи гьабулел чагIиги аслияб къагIидаялъ руччаби рукIунел руго. Гьез щалниги риччалел гьечIо жидерго наркобизнесалъул хъизаналда гьоркьоре. Гьединлъидал гьел кквезе кутакалда захIмалъулебги буго низамцIунулезе. Нагагь гьезул цохIонигиял ккуни, дербенталда чанго нухалда наркотиказул багьаби рахунел руго.

Расул: «Аслияб къагIидаялъ Дербенталде наркотикал рачIуна Санкт-Петербургалдасан ва Азербайджаналдасан. ЦIакъ гIемер букIуна, бищунго квешазул цояблъун рикIкIунеб, гIурусалъ опий-сырецилан абулеб наркотик, наркоманаз гьелда ханка ва чернягайиланги абула. Гьеб аслияб къагIидаялъ Азербайджаналдасан бачIуна гьанибехун. Гьелдаго цадахъ гIемер букIуна гашишги, Ираналдасан Азербайджаналдеги бачIун хадуб гьенисан Дербенталде бачIуна гьебги.

Цо заманалъ МахIачхъалаялъул порталъул гамихъабаз баччулаан гьеб Ираналдаса, гьениса руссун хадуб доба порталдасанго бичизеги бичулаан гьеб. Гьеб киназдаго лъалеб жо буго. Гьеб къуваталъул идарабазда лъаларин кин абилеб? Гьездаги рухсаханаялъул (таможня) хIалтIухъабаздаги гьеб кинабго лъачIого кин букIунеб. Гьездаги лъачIого, гьез квербакъиги гьабичIого чанго гIурхъиги бахун кин гьеб Дагъистаналде бачIунеб? Гьел къуваталъул идараби цадахъ рекъон яги лъан наркобизнесалъе санагIалъи гьабулел рукIунинги абиларо, гьез щварас щвараб батIа гьабула жиндиего.

ГIемерисеб нухалда кквезе щварал жидедаго лъаларел наркобизнесалъул чагIазухъа гIемер гIарац босула гьез, лъалел кквезе щвани гьезулгунги къотIи-къай гьабула. ГIемерисеб нухалда дол наркобизнесалъул чагIаз жидерго конкурентаздасан мацIал гьарун, гьел тIатинарула, гьездасан бетIербахъи гьарун къуваталъул идарабазул хIалтIухъабиги рукIуна».

Гьединго Расулица бицана наркотиказул бизнесалда гъорлъ цохIо хъизанал ккун гурониги батIа-батIаго цо-цоккун хIалтIизе лъугьунелги камуларилан. Гьедин гIурхъи бахун Азербайджаналдаса рачIунез жидерго къайиялда цадахъ наркотикалги рачIун, гьелъухъ гIарацги босулилан. Гьедин чанго соналъ цебе Дербенталъул цо университеталъул ректорасул лъади ккун йикIун йиго гIорхъода гьел наркотикал росун ячIунаго. Гьей йиччазайизе ккани росас жиндирго университетги гъоркьлъалие кьун цIакъ гIемераб гIарац къарзалъ босизе ккун буго.

XS
SM
MD
LG