Ссылки для упрощенного доступа

Меркелил ракI чIараб гьечIо Украиналда хурхун Москваялда тIоритIарал кIалъа-басаязул хIасил букIиналда бан


Германиялъул канцлер Ангела Меркелил ракI чIараб гьечIо Украиналъул кризис рукIалиде бачиналъул мурадалда Москваялда тIоритIарал кIалъа-басаяз мурадазде щвезаризе рукIиналда.

Гьелъул хIакъалъулъ Меркелица лъазабуна Мюнхеналда тIобитIулеб хIинкъигьечIолъиялъул рахъалдаса конференциялда Франциялъул президент Франсуа Олландгун цадахъ Кремлалда Россиялъул президент Владимир Путинильгун рузман къоялда букIараб гара-чIвариялда хурхун комментариял гьарулаго.

«Амма дида бихьухъеги Франциялъул президентасул пикруялдаги гьединал кIалъа-басаял тIоритIизе кколел рукIана. Минимум хIисабалда, гьеб нижер борч букIана Украиналда балагьалде ккун ругел гIадамазда цебе», - ян лъазабуна Меркелица.

Мюнхеналде халкъазда гьоркьосеб конференциялде вачIарав Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабуна, Германиялъулги Франциялъулги лидераз Украиналъул кризис рагIалде бахъинабиялъе загьир гьабураб планалъ хIасил кьезе бегьулин. Хамис къоялда Меркелицаги Олландицаги гьеб план гьоркьоб лъун букIана Киевалда.

XS
SM
MD
LG