Ссылки для упрощенного доступа

Меркелица рикIкIунеб буго Грециялъул налъи тIаса лъугьун тезе кколарин


Алманиялъул канцлер Ангела Меркель, Давос, 22янв2015
Алманиялъул канцлер Ангела Меркель, Давос, 22янв2015

Алманиялъул канцлер Ангела Меркелица рикIкIунеб буго Грециялъул налъи тIаса лъугьун тезе кколарин.

Hamburger Abendblatt газеталъе кьураб интервьюялда гьелъ лъазабуна гьанжеялде цо-цо инвестораз жидеего бокьун инкар гьабунин гьелъие кьурал кредитаздаса, банказ миллиардал тIаса лъугьун танин Грециялъе, амма гьанжеги цIидасан гьел налъаби тIаса лъугьун тезе гьечIин.

Гьебго заманаялда Меркелица абуна Афиназе цоги финансазул кумек гьабизе рес бугин гIицIго Греция реформаби гьариялде босараб нухалдаса таричIони.

Алманиялъул канцлералъ рикIкIунеб буго Берлиналъ мугъ рехизе гьечIин Грециялде ва кризисалдаса зарал ккарал цоги улкабазде гьез реформаби гьарулел ругони.

Меркелица кIвар буссинабулеб букIана Берлиналъ жидер рахъ кквезе ккани Грециялъул хIукуматалъул гьелда жидерго концепция бихьизабизе кколеб букIиналде ва гьеб жидехъе жеги щун гьечIолъиялде.

XS
SM
MD
LG