Дагъистаналда мацIазда хурхун къанун чара гьечIого хIажатаб бугин рикIкIунел республикаялъул мацIазда тIад хIалтIулел чагIазул цебесеб кьерда йиго Сулейманова Кавсарат. Гьей йиго филологиял гIелмабазул кандидат. Жакъа нижер программаялда гьелъ бичIчIизабулеб буго «МацIазул хIакъакъалъулъ къанун» щибизе къваригIунебали.
ЭР: Дуца абулеб буго къануналдарекъон, цIияб цIалул сон байбихьараб мехалда тIоцебесеб нухалда школалде бачIараб лъимада цебе цIияб тIехь лъезе кколин, амма гьел росизе гIарац гьечIинги абун, лъималазда цере цогиязухъа нахъе хутIарал тIу-тIурал тIахьал лъолел ругин. Гьеле бугогурищха къанун! МацIазда хурхун хIадурулеб бугеб цIияб къануналъулги къисмат гьелдаго релъараб букIинин кколарищ дуда?
Дагъистаналда мацIазул къануналда тIад хIалтIулел гIалимзабазе кумекалъе хIукуматалда мацIазда хурхун программа гIуцIун бугин бицана Эркенлъи Радиоялъе Дагъистаналъул миллиял суалазда сверун министр хисулев Ильясов Зикрулаца.
ЭР: Гьеб къануналда тIад хIалтIулел чагIазда цебе чIараб масъалабазда гьоркьоб кIудияб бакI кколеб буго бицен гьарулел мацIазда басмаялда рахъарал асарал гьечIолъиялъ. ТIахьал хIадурулаго дозда кьезе хIадураб материал гьечIолъи. Дуца бицен гьабулеб программаялда кIвезе бугищ гьеб суал тIубазабизе?
Жакъа жидер къадар цо миллионалде бахарал аваразул мацI малъулагоцин ругел - цIалдохъабазе тIахьал, мугIалимзабазе дарсил методикаялъул, дарсида хIажатаб рихьадул материал гьечIолъи гIадинал- проблемаби цIунун хутIулел ругеб мехалда цIиял мацIазда хурхун гьел дагьалги гIемерал рукIине ругин абулеб буго министр хисулес.
Шималияб Кавказалъул цоги республикабазде дандеккун, хас гьабун, гIемермиллатазул Дагъистаналда бицен гьабулеб къанун хIадуриялъе тIадеги ругел захIмалъабазул бицунеб буго Сулейманова Кавсаратица.
КIаралазул мацIалда хъвараб жиндирго кечI цIалулеб буго Дагъистаналъул халкъияй шагIир Бахумеседо Расуловалъ.
Има-ила баъа, ричIар чIидайдоб ЗаманалъI пардавел мусрулъе беевха. Диб гIелихар гIерга Баъидайдякье БекIа идя ричIар букIункьIал бигъе. Бикьелъеррди дягал чIидайдоб къуват Къуй гьордва кIкIвабалис боъа сару гал. Баъидоб бехарлъер, баъиндоб хьобо- Биъвалъа къачIаавха диб гIурмилI матIу.***
(гIурус мацIалде буссинабураб)
Ушли родители так рано И унесли навек с собой Ту силу, юности туманной, Что от судьбы хранила злой. И вечность с ними улетела, Что отделяла смерть от нас. Я ощутила бренность тела И смерти скорбной близкой час.