Ираналъул атомияб программаялда хурхун кIалъа-ралъаял унел руго Женеваялда. Ираналъул ва Китай, Франция, Россия, Британия, Америка ва Алманиялъул вакилзаби Швейцариялъул гьеб шагьаралде ракIарун руго 18 январалда, гьелда цебесеб къо 17 январалда Евроцолъиялъул вакилзабазул гIахьаллъигун кIалъа-ралъаял гьарун рукIана Ираналъул ва Америкаялъул вакилзабаз. 30-билеб июнь щвелалде Тегераналъул атомияб программаялда сверун кIалъа-ралъаязул хIасил ккечIони, Инаралде данде цоги санкциял гьариялъул бицунеб букIана Америкалъул къанунал рахъулез. Амма президент Барак Обамаца гьел ахIана хехал хIукмуял гьаричIого тезе кIалъа-ралъаял жеги халат рахъунел ругелъул ва гьес абуна, нагагь цIиял санкциязул хIукму къабул гьабуни, жинца гьелда вето лъезе бугин.
Гьел кIалъа-ралъаял хурхарал руго Тегераналъул атомияб программаялъе гIурхъаби лъеялда, гьелъухъ хисун тамах гьаризе руго Ираналъе лъун ругел халкъазда гьоркьсел санкциял.