Ссылки для упрощенного доступа

Донецкалъул аэропорт сепаратистаз босун гьечIо


Украиналъул официалиял хъулухъчагIаз нахъчIвалеб буго Донецкалъул аэропорт сепаратистаз босун бугин абун Россиялъул информалатаз гьарулел лъазабиял.

Украиналъул рагъулаз Донецкалъул аэропорт ккун буго. Гьедин лъазабуна шамат къоялда букIараб брифингалда Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъул вакил Андрей Лысенкоца.

Гьесул рагIабазда рекъон, хIукуматалъул аскарияз «нахъчIвалел руго сепаратистазул гьужумал» ва «сепаратистазе захIматал камиял кколел руго».

Гьебго заманаялда Лысенкоца абуна гьеб аэропорталда сверун ахIвал-хIал квешаб бугин ва гьениб кьвагьи лъалхъулеб гьечIин. Гьес бицухъе, Украиналъул рагъулаб нухмалъиялъ гьенире цин чIечIого аскарал ритIулел руго, гьенир ругел хIажатаб яргъидалъун ва дарабаздалъун хьезарулелги руго.

Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул Шураялъул баяназда рекъон, араб сордо-къоялда жаниб сепаратистаз аэропорталде 80 нухалъ кьвагьун буго. Хун вуго лъабго солдат ва лъукъун вуго 18-яв.

Шамат къоялъул радал «Интерфаксалъ» «Донецкалъул халкъияб республикайин» абулеб гIуцIиялъул вакилзабазда мугъчIвайги гьабулаго лъазабун букIана сепаратистаз Украиналъул аскаразухъа Донецкалъул аэропорт бахъун бугин.

Гьеб аэропорталда ахIвал-хIал квешлъизе байбихьун букIана 11 январалда. Сепаратистаз аскариязда цебе лъун букIана гьениса нахъе аян абун ультиматум ва гьелдаса нахъе гьенир рагъал лъалхъулел гьечIо.

XS
SM
MD
LG