16 январалда, маркIачIул гIужалъ Буйнакск мухъалда кIиго автомобиль данд речIчIун буго. Авариялде ккарал автомашинабазул бетIергьаби цуцалъ къацанди рагъ-мучалде сверун, гьениве полициялъулaвги вачIун вуго. Рагъулел ратIа-гьарулаго, гьев живго лъукъун вугин лъазабулеб буго Буйнакск мухъалъул полициялъул бутIаялъул хIалтIyхъабаз. Гьесул мугъзалъ нус кьабун буго. ГьабсагIат лъукъарав азарханаялда вугила, гьесул гIумруялъе щибго хIинкъи гьечIилан лъазабулеб буго гьез. Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун цIех-рех байбихьун бугила.