НАТО-ялъул Генералияв секретарь Йенс Столтенбергица Россиялдехун вуссун, ахIи бана Украиналъул машрикъалъул рахъалда ругел сепаратистазе гьабулеб къварбакъиялдаса инкар гьабиялда.
Россиялда тIадаб бугин жиндирго асар хIалтIизабун, рагъ чIезабизе ва Минскалда гъоркьиса 5 сентябрялда гьабураб заманалъулаб маслигIаталъул шартIал цIунизе.
Гьадин гьес абуна Берлиналода арбагI къоялъ букIараб пресс-конференциялда. НАТОялъе конфронтация бокьун гьечIин, альянсалъе бокьилаанин цадахъ рекъон хIалтIи, ян абуна Йенс Столтенбергица.