Россиялде рачIунел мигрантазул гIаммаб къадар гIемерго дагьлъун бугониги Украиналдаса ва Молдовалдаса рачIунел цIикIкIун руго.
«Интерфаксалъе» кьураб интевьюялда Россиялъул миграциялда хурхун Федералияб хъулухъалъул бетIер Константин Ромодановскияс абун буго араб соналъул гьабго ргьалде дандеккун миграция 70% дагьлъун бугин.
Дагьлъун буго Централияб Азиялдаса рачIунезул къадар Хъиргъизиялдаса хутIизегIан.
Россиялда мигрантазул Федерациялъул баяназда рекъон, мигрантазул къадар дагьлъун буго хIалтIуе патентазул система гьабидал. Гьел росизе рес букIунеб буго гIицIго гIурус мацIалъул ва Россиялъул тарихгун аслиял къануназда хурхун экзамен кьун хадуб.