Ссылки для упрощенного доступа

Навальныяс инкар гьабун буго рокъовго жанив тIамиялъул низам цIунизе


Россиялъул оппозиционияв политик Алексей Навальныяс инкар гьабун буго рокъовго жанив тIамиялъул низам цIунизе. Жиндирго блогалда гьес хъван буго Россиялъул Такъсиргун-тамихIалъул кодексалда рекъон, гьесие гьединаб тамихI гьабизе бегьуларин, щайгурелъул диванханаялъ гьанжеялде къотIун бугин гьесие гьев жанив тIамизе гьечIин абураб хIукму.

Навальныяс хъвалеб буго жиндие къотIараб хIукмуялда тIасан гIарза хъвазеги жиндир рес гьечIин, щайгурелъул щуго къоялда жаниб жиндихъе кьезе кколеб букIараб диванханаялъул хIукму жиндихъе жегиги щун гьечIин.

30 декабралда Москваялъул Замоскворецкий диванханаялъ вацал Навальныязда тIад чIезабун букIана «Ив Роше» компаниялъул гIарац бикъун бугин абураб гIайиб. Алексей Навальныясе къотIун букIана шартI бихьизабураб тамихI гьабиялъул лъабгогун бащдаб сон, гьесул вац Олег гьединабго заманаялъ туснахъалъув тIамун вуго.

Гьеб хIукмуялда разияв гьечIев, батIи-батIиял баяназда рекъон, 1500ялдаса 5000ялде щвезегIан чи вакIарун вукIана 30 декабралда Москваялъул Манежалъул майданалде санкция гьечIеб акциялде.

XS
SM
MD
LG