Россиялъул юстициялъул министерлъиялъ коммерциялъулаб гуреб жеги 6 гIуцIи къватIисел улкабазул агенталлъун лъазарун руго. Гьел ккола Москваялда бугеб Прессалъул эркаенлъиялъе квербакъулеб Фонд, Санкт-Петербургалда ругел «Гражданияб контроль», «Инсанасул ихтиярал цIунулеб ресурсалъул Центр» ва «Руччаби-Рищарухъабазул Лига».
Гьединго сияхIалде гъорлъе жубан буго кIиго регионалияб гIуцIи – Марий Эл республикаялда бугеб «Инсан ва Къанун» абулеб ва Псков иклималда бугеб « Социалияб цIигIуцIиялъул ФОНД».
Россиялъул юстициялъул министр Александр Коноваловас лъазабуна гьал рехсарал гIуцIабазул хIалтIи политикаялда хурхараб бугин щаклъи гьечIого.