Ссылки для упрощенного доступа

Малайзиялъул авиалайнер: цIияб мухIканлъи


Экспертазул пикруялда AirAsia абулеб малайзиялъул авиакомпаниялъул боржаро ралъдалъ бортанин зиян ккечIого. Гьадинаб пикру гьез гьабуна ратарал жаназабазде ралагьун.

Гьел хварал гIадамазда тIад бугеб ретIел сахаблъун хутIанин. Цояз хIата хвасар гьабулеб жилет жидета тIад ретIун рукIанин.

Гьелдалъун абизе бегьулин катастрофаялъе гIиллалъун ккун букIанин авиалайнералда жиндирго боржиналъул хехлъи ками.

ГIаммаб къадаралда авиалайнералда вукIана 162 чи.

XS
SM
MD
LG