Луганскалда тIобитIана Донбассалда бугеб ахIвал-хIал рукIалиде ккезабиялъул суалгун гьоркьоб ракълилал кIалъа-басаязул кIиабилеб раунд.
Гьезулъ гIахьаллъарал - жидеда «Луганскалъул Халкъияб Респубикаилан» абулел сепаратистаз ва Украиналъул яргъид гIуцIарал къуватазул вакилзабаз баянал гьариялдаса инкар гьабун буго.
Гьадин лъазабуна Украиналъул информагентлъиялъ ТАСС-агентлъиялъул баяналда мугъ чIвай гьабун.
Рехсараб данделъи къараб низамалда щуго сагIаталда жаниб халат бахъулаан.