Ссылки для упрощенного доступа

Донбассалда кофликталъул рахъаз хисун руго асир гьарун рукIарал


Шамат къоялда сепаратистазул асирлъиялдаса эркен гьавун вуго Украиналъул лъабго рагъулав ва цо граждания чи. Гьел туснахъал хIисабалда рукIун руго 120 къоялъ.

Рузман къоялда Донбассалда Украиналъул рагъулаз ва сепаратистаз хисун руго г1емер асир гьарурал. 222 сепаратистазухъ хисун вуго 146 рагъулав.

Украиналъул хIинкъигьечIолъиялъул мажлисалъул вакил Маркиян Лубкивскияс лъазабуна, 24 декабралда Минскалда тIоритIарал кIалъа-басаязда сепаратистал разилъанин 150 рагъулав виччазейин. СБУялъул хIисабалда Донбассалда 25 декабралде щвезегIан асирлъиялда вукIана 684 чи.

XS
SM
MD
LG