Украиналъулги Казахстаналъулги президентал Петр Порошенкоцаги Нурсултан Назарбаевасги итни къоялда Киевалда тIобитIараб гара-чIвариялда хIукму гьабуна улкабазда гьоркьоб рагъулабгун техникиял гьоркьорлъаби цIилъизаризе.
Пачалихъалъул бутIруз гьединго къотIи-къай гьабуна Казахстаналъул тIурччи Украиналъе бичиялъул.
Гара-чIвариялда Назарбаевас лъазабуна, Украиналъе Казахстан кколин дармилгун экономикияб рахъалдаса кIвар кIудияб партнерин.
Гьелдаго цадахъ гьес лъазабуна, улкабазда гьоркьоб дармил хIаракатчиялъул даража лъабго бутIа гьабун цоялъ гIодобе кканин, амма «бугин рес цебе букIараб даражаялде нахъ руссиналъейин».
Украиналъул машрикъалъул рахъалда бугеб ахIвал-хIал гьоркьоб лъолаго Назарбаевас Порошенкода баркана «рукIарал киналго захIмалъабазде балагьичIого, ТIадегIанаб Радаялде рищиял тIоритIизе ва хIукумат гIуцIизе бажариялда» бан.
Гьес гьединго цебелъей гьабуна Донбассалда бугеб ахIвал-хIал рукIалиде буссинабиялъул мурадалда цадахъаб хIалтIи гьабиялъул.
Порошенкоца лъикIаб къимат кьуна Казахстаналъул президентасул позициялъе ва ахIана «улкабазда гьоркьор ругел квал-квалал тIагIинариялъе хIукуматаздагьоркьосел комиссияби гIуцIиялде.
Талат къоялда Назарбаев щвезе вуго Москваялде Россиялъул президент Владимир Путинилгун гара-чIвари гьабиялъул мурадалда. Кремлалъул пресс-хъулухъалъул лъазабиялда рекъон, пачалихъазул бутIруз гьоркьор лъезе рагIула энергетикаялъул, экономикаялъул ва промышленносталъул сферабазда гьоркьорлъабазул суалал.