Ссылки для упрощенного доступа

Афгъанистаналъул талибаз викъун вуго Таджикистаналъул ункъго гIорхъаби цIунулев


Таджикистаналъулгун Афгъанистаналъул гIорхъода Кундуз провинциялдаса талибаз викъун вуго Таджикистаналъул Пянджалъул гIорхъаби цIунулезул къокъаялъул ункъго рагъулав.

Таджикистаналъул миллияб хIинкъигьечIолъиялъул комитеталъ тIобитIулеб рагIула жидерго рагъулал эркенлъизариялъул операция.

Таджикистаналъул гIорхъаби цIунулел рикъун руго Афгъанистаналъул Имам-Сахиб абураб бакIалда рохьоб цIул бакIарулеб мехалда.

Таджикистаналъул нухмалъиялъ комментариял гьарулел гьечIо, щай гьезул рагъулал мадугьалияб пачалихъалъул территориялда рукIаралали абураб суалалда хурхун.

Афгъанистаналъул полициялъулаз лъазабулеб буго, талибазе бокьун бугин Таджикистаналъул туснахъазда ругел жидерго рахъ ккуразухъ гьел хисизейин.

XS
SM
MD
LG