Ссылки для упрощенного доступа

Пешаваралда рагIалде бахъана хасаб операция


Пакистаналъул Пешавар шагьаралда яргъидгIуцIараз цIалул идараялде тIадекIанцIи гьабиялъул хIасилалда чIван вуго гьезул анлъго чи. Гьедин лъазабулеб буго пакистаналъул рагъулаз операция лъугIун хадуб.

ТIалибаз лъазабулеб букIана жидеца школалде витIун вугин «шагьиадазул» ручлул рарав анлъго хвалде уневин.

130-ялдаса цIикIкIун чи, аслияб куцалда цIалдохъаби, чIван вуго гьенир тIалибаз. Гьеб буго армиялъул къайимлъиялда бугеб цIалул идара. Нус-нус чи гъоркьлъалие восун вуго гьенив. Гьезул аслияб къадарги кколеб буго 10-ялдаса 20-яде щвезегIан сонал ругел лъималгун гIолилал.

Эбад: «Ниж аудиториялде лъугьараб мехалда байбихьанаха кьвагьи ва гьенире жанире кIанцIун рачIана яргъидгIуцIарал. Гьез гьенив гIемерав чи чIвана. Дида бихьулаго чIвана 40-50 чи. Гьез полковникасдеги кьвагьулеб букIана. Бомбабиги рукIана гьенир кьвагьулел».

Гьедин бицана 10 классалъул цIалдохъан Эбадица жиндаго бихьаралъул Эркенлъи Радиоялъул Пакистаналъул хъулухълъун кколеб Радио Машаалалъе.

«Тегьрик-е ТIалибан Пакистан» абулеб къукъаялъ босун буго гьеб гьужумалъул жавабчилъи жидедего тIаде. Гьез абулеб буго гьеб бугин улка цIуниялъул министерлъиялъ Шималияб Вазиристаналда тIалибазде данде тIобитIараб операциялъухъ къисас босийин. Радио Машаалалъе гьедин лъазабун буго гьеб къукъаялъул вакил МухIаммад Хорасани вугин живан абулев чияс. Гьесго абухъе, гьез гьужумалъе школа тIаса бищиялъе гIиллалъун ккун буго хIукуматалъги гьезул хъизабазде, руччабигун лъималазде тIадекIанцIиял гьарулел рукIунин.

XS
SM
MD
LG