Ссылки для упрощенного доступа

Шамиль вухаразе тамихI диванханаялда гьабизе буго


Вухарав МухIамадзагьидов Шамиль азарханаялда, Декабрь 2014
Вухарав МухIамадзагьидов Шамиль азарханаялда, Декабрь 2014

Генуса спортсмен МухIамадзагьидов Шамиль лъавудаса инегIан вухаразе тамихI пачалихъалъул къануналда рекъон гьабиялде рачIун руго рахъазда гьоркьоб маслигIат гьабизе рахъарал. Гьедин лъазабулеб буго Унсоколо росдал бегавулас. Живго МухIамадзагьидов Шамиль жегиги МахIачхъалаялда реанимациялда вуго. Гьеб хIужа ккун букIана 10 декабралда, лъадигун цадахъ Шамиль Унсоколове азарханаялде араб бакIалда. МухIамадзагьидовасда кьабуразул цояв колев вуго Унсоколо росдал бегавуласул вацгIалги.

10 декабралда Унсоколо вухарав Генуса спортсмен Шамиль МухIамадзагьидов гьабсагIаталда реанимациялда вуго. ЭР-ялъе гьесул вац СагIитица бицана цевеялда дандеккун гьев дагьав лъикI вугин, лъавудеги вачIанин, амма жидер рахIатхун бугин гьесул ботIрое жагъаллъи ккун батилилан.

Ансадерил рахъалъан гьезухъе я унтарасде раккизе, ялъуни маслигIат гьабизе чагIи рачIун гьечIо жеги.

Цереккун интернеталда тIиритIарал баяназда рекъон, Шамиль МухIамадзагьидов вухун вугоан анлъгояс. Амма ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда ансадерил бегавул МухIамадов МухIамадица абуна гьезул кIигоял гурони рукIинчIин.

Шамиль МухIамадзагьидов лъадигун цадахъ Унсоколове азарханаялде унев вукIун вуго. Посталда чIараз документал рихьейин абураб мехалда дагIба ккун буго.

Ансадерил бегавул МухIамадов МухIамадица ЭР-ялъе бицана гьеб къоялъ жив росулъ вукIинчIин, хадув Унсоколо мухъалъул нухмалъулев Шамиль МухIамадовас ахIанин живги, полициялъул нухмалъулевги прокурорги. Киналго рахъал хIисабалде росун хадур Шамиль МухIамадзагьидов мекъи вукIун вугин, посталда чIаразда гьес спортсмен хIисабалда жиндирго пахрулъи бихьизабун бугин абураб пикруялде рачIанин жал.

МухIамад МухIамадов: «ГIицIго цо жо бугин гьениб – кьабураб жо цIикIкIун ккун бугин, вухичIого тезе бегьулев вукIинчIевищдила гьевин абуна гъоз (Унсоколо мухъалъул нухмалъулесул дора рукIараз – ЭР). Валлагь, бегьулаанинха, гьел васаз гIезегIан мекъиги гьабун бугин абуна дица. Дир росулъа лъималги руго гьел, цояв дир вацгIалги вуго. Гендерил бегавул АлясагI МухIамадовасда гьикъана дица кинан гьабун лъикIин: маслигIатищ гьабилеб, яги нилъеца гьел васазе тамихI шаргIалда рекъонищ гьабилеб (гъоз гьесда кьабураб куцалда гьес гъоздаги кьабун), яги пачалихъалъул къануназда рекъонищ гьабилебан. ХIукуматалъ тIубан лъикIин абуна гьес. Гьеб мехалда дица абуна гьел васал гьаб параялъго полициялде ритIилин дица, цIех-рех лъугIизегIан росу тун инарилан абураб кагъатги хъвазабилин гьезда. Лъаларо, гьанже гъов вас (Шамиль МухIамадзагьидов – ЭР) тIаде вахъаравго, гъосухъаги баяналги росун диван гьабилеб батилаха гьезие.

Гьанже гъол васазе гIоло векерахъдун, щибго кумек дицаги гьабизе гьечIо. Гъоле диванчи, гъоле, прокурор, гъоле полициялъул нухмалъулев».

ПалхIасил, гьеб хIужаялъ ансадеридаги гендеридаги гьоркьоб къваригIел гьечIеб хабар бижулеб буго. ЭР-лъухъе щвана 10 декабралда Унсоколо ккараб рагъул бицунел руччабазул гьаркьал.

Цояй чIужугIадан: «БитIахъе дун гъой щвараб заманаялъ рагъ байбихьанаха, чIере. Гьудусги-гьадасги рицарал гIадалалщинал жалазда нуж божугеха. Цинги ХIайбулал МухIамадида аскIойги чIун дица гьикъана, вай, гьудул, гьаниб лъугьунеб бугеб жогIаги щибилан. Гъос абуна гьесда (Шамиль МухIамадзагьидовасда – ЭР) абунила документал рихьейилан, цин дурго рихьейилан абунила гъос. Рихьанила жинца. Рихьаниги, машинаялда жанисан хабар лъугIичIилаха. ГIадилгерей гъоб рахъалдехун ана. Нижги полицияги цадахъго щвана гъоре. Гьоркьоре лъугьарал полициялъул 15-20 чи вихьулароха кIиявго васасда, рагъулел рукIун. МухIамадида тIад речIчIунха. Дица абуна гьал чагIи квеш согIал чагIи ругин гьаб бакIалдеги рачIун гьаб жо гьабизе кIолел. Гьанже эй чIужугIаданалъул кIал бихьун букIарабаниха. Дица ГIадилгерейида абуна нуж бихьинал гурелищ, гьал чагIи щай рухуларел чагIи нужецаян. Цойги посталда рукIарал бихьинал, Аллагьасул КъуръаналхIайги, рахъинчIоха къватIире, гьав МухIамадги Хадижатил МухIамадги гурони. МухIамадица кьабун буго гьесда, кIал чIечIеб заманалда. Вуй! Дун йиххун хутIана, Унсоколо посталдеги рачIун… МухIамадил гьумер-кIалги бугоан цо жо кьабараб гIадинищали, цIорол жо чIвалеб бугоан гьес гьелда. Чан чи гьоркьове лъугьаниги ратIа гьаризе кIолел рукIинчIо. Цинги нилъералгиха – цояв вуго абулев жинцадила цо берцинги гьабун абизехъин букIанила гъосда гъоб. Щиб берцин букIунеб, чIоройин, абуна дица, гъагъав чиясда щиб берцинанин абулеб? Гъагъал чагIи рухичIого щибизе риччалел чагIи нужеца, дирго рукарун ругин квералилан».

КIиабилей чIужугIадан: «Дуца бицунеб мацIгIаги щиб? Мун кин гьений йикIарай? Нахъасан кьабун бачIараб жойищ гьесул гьурмада щвараб? Дун гурищ йикIарай азарханаялъул кIалтIа гьесда тIад квералги лъун, тейин гьевилан ахIдолей!? Мун бихьинал цоцалъ разарулейищ йигей, мун ансалги геналги цоцалъ разарулейищ йигей? I5-20 минуталъ гьоркьой йикIине ккани, кий мун йикIарай? ЧIужуги росги азарханаялде хал-шал гьабизе рачIун рукIарал чагIи руго гьел. Мун щиб жо бицуней, мун?!»

Цебехун бицухъе, Унсколо росулъе жанире рачIунеб бакIалда лъун буго пост. Гьеб лъеялъе гIиллалъун ккун букIана чанго соналъ цебе гьениб геналги ансалги рагъун, чанго чи чIван вукIин. Амма 10 декабралда ккараб хIужаялда бан гара-чIвари гьабурав чанго чияс ЭР-ялъе бицана гьеб пост къваригIараб жо гурин гьениб, щайин абуни, гьенир хъаравуллъуда чIарал чагIаз гIамал кIодого жавабалги кьун, иш питнаялде сверизабулеб бугилан.

Унсоколо росдал бегавул МухIамадов МухIамадил пикру батIияб буго. Пост лъезе кколищ-кколарищали гьикъизе кколила цогидал росабазул чагIазда гуреб, жалго ансадерида. Гьеб гьениб лъун хадуб гIезегIан парахалъи лъугьана росулъ.

XS
SM
MD
LG