Ссылки для упрощенного доступа

Украиналде данде рагъулев гIурусас Россиялъул полициялъулал чIвана


Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ халкъаздагьоркьосеб валагьиялде лъазавуна пуланаб «Луганскалъул халкъияб республикаилан» абулеб сепаратистазул багъа-бачариялъул гIахьалчи Михаил Константинов. Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб – Москва икълималда кIиго нухлул полициялъулав чIвай.

Гьев Константинов ккола Россиялъул гражданин. Полициялъулазул жаназаби ратун руго Перепечино абулеб росдал сверухълъиялда. Москваялъул низам цIунулез цIех-рехалде лъазавуна жеги кIиго чи - Денис Константинов ва Денис Жуков. Гьел ккола сепаратистазул рахъ ккун рагъулел Украиналъул гражданал.

XS
SM
MD
LG