Ссылки для упрощенного доступа

Америкалъул аскариязда тIад къан буго хIадурлъиялда рукIине


9 декабрялда Багъдадалда сапар бухьулеб мехалда Цолъарал Штатазул улка цIуниялъул министр Чак Хейгелица яргъид гIуцIарал къуватазда буюрана тIадегIанаб рагъулаб хIадурлъиялда рукIине Сенаталъ жиндирго балгъояб доклад загьиабизегIан.

Докладалда мухIканго бицунеб буго терроризмалда ва «Аль-КъагIидаялда» хурхен букIиналда щакъли бугезул сурав босулеб куцалъул, хасго гIакъуба кьеялъул.

Докладазул авторазул хIисабалда гьединаб къагIидаялда босараб суравалъ пайда кьечIин. 2009 соналда президенлъун вахъун, Барак Обамаца ЦIех-рехалъул Централияб Идараялъул гьеб хасаб программа гьоркьоса къотIун, абуна гьеб унго-унгояб гIазаб-гIакъуба кьей букIанин.

XS
SM
MD
LG