Ссылки для упрощенного доступа

Петербургалда тIобитIун буго Михаил Ходорковскиясулгун телемост


Петербургалда тIобитIун буго «Открытая Россия» абураб проекталъул нухмалъулев Михаил Ходорковскиясулгун телемост.

Гьелда гьоркьоб лъун букIун буго регионалиялги мунициапалиялги рищиязда оппозициял политиказул гIахьаллъиялъул суал.

Полициялъ чанго нухалда хIалбихьун буго гьеб телемосталъе квал-квал гьабизе. ГьатIан къоялъ радал полициялъулал рачIун руго гьеб тадбир тIобитIизе ракIалда букIараб «Holiday Inn» абураб петералде ва лъазабун буго жидеца гьенир наркотикал ралагьулел ругин.

Телемост байбихьилелда цебе униформа ретIарал гIадамаз лъазабун буго, минаялда жаниб мина лъун бугин, амма данде ракIарараз инкар гьабун буго къватIире лъугьине.

Хадуб петер махIрум гьабун буго элетроэнергиялдаса. Амма гьединаб квал-квал букIаниги телемост тIобитIун буго ноутбуказулги микрофоназулги кумекалдалъун, гьениб канлъи букIинчIониги.

XS
SM
MD
LG