Германиялъул канцлер Ангела Меркелица Россиялде гIайиб гIунтIизабуна Евроцолъиялде гIагарлъизе бокьарал улкабазул жанисел ишазде гъорлъе лъугьиналъул.
Гьелъул хIакъалъулъ гьелъ лъазабуна Die Welt абураб Германиялъул газетаялъе интервью кьолаго.
Евроцолъиялъулгун ассоциация гьабиялъул къотIи-къаялда гъоркь гъулбас лъеялъул жидецаго хIукму гьабурал Молдавиялъе, Гуржиялъе ва Украиналъе Россиялъ проблемаби гIуцIулел ругин лъазабуна канцлералъ.
Гьелъул рагIабазда Приднестровьеялда, Абхазиялда ва Жанубияб Осетиялда, гьединго Украиналъул машрикъалъул рахъалда Россиялъул асаралдалъун рижана «цIорорал конфликтал».
Меркелица гьединго абуна, Москваялъ гIамал гьабулеб бугин Магърибалъул ва Балканазул улкаби жиндаго рарал хIалалде ккезаризеян.