Еврокомиссиялъ чIезабун буго бачIунеб соналъул марталде Франциялъ, Италиялъ ва Бельгиялъ жидерго бюджетал балансалде рачине кколин. Нагагь гьезул бюджетазда дефицит бугони ва улкаялъул налъи, цебего гIадин, Евроцолъиялда бегьулелдаса цIикIкIараб бугони, гьезда тIад гIакIа къотIизе бугин.
Евроцолъиялъул рихьизариял цIунунгутIиялъул хIинкъи буго Испаниялъ, Мальтаялъ, Австриялъ ва Португалиялъ.
Грециягун Кипралъул бюджетазул хал гьабулеб гьечIо гьел кумек гьабиялъул хасал программабазде росун рукIиналъ.
Рузман къоялда Евростаталъ кьурал баяназда рекъон, Еврозонаялъул улкабазда гIаммаб куцалда инфляция дагьлъун буго ва рещтIун буго анцIилъан лъабго проценталде.