Ссылки для упрощенного доступа

Kилисаялъе бегьулеб мажгиталъе бегьун гьечIо


Ахираб заманаялъул гIаламатлъун лъугьун буго Россиялъул жамгIиял лъайкьеялъул школазда ва ТIадегIанал цIалул идарабазда динияб ишара бихьизабулеб ретIел, гьездаго гьоркьоб хIижабал яги бусурманаял ясаз кIазал къай гьукъи. Гьелдаго цадахъ, ГIурус килисаялъ хIалбихьулеб буго Россиялъул школазда гIодор къоязда лъималазда ГIисал диналъул аслуял малъулел дарсал лъезе. Килиса пачалихъалдаса батIа бугин рикIкIунеб Россиялда кин гIуцIизе бугеб гьеб хIалтIи ва цоги диналъул вакилзабаз щиб гьабизе кколеб?

Гьал къояз, ГIурус киласаялъе изну щвана Москваялъул школазул классал ижараялъ росизе гьенир гьатIанкъоялъул школа рагьизе. Школалъул минаби ижараялъ гIарац босичIого гьадинго кьолелги ругилан лъазабуна информ-алатаз.

Гьебго заманаялъ, Россиялъул батIи-батIиял диниял гIуцIабазда ракIалда буго гьелго изнуял жидеего тIалаб гьабизе. Амма гьеб киласаялъе изну кьей къануналда рекъараб гьечIин, мугIалимзабиги рази гьечIин, хIукуматалъул гуреб гIуцIиялъе гьадинго школалъул рукъзал хIалтIизаризе кьеялдасайин лъазабулеб буго ихтиярал цIунулез.

Амма лъайкьеялъул идараби гьеб ишалдаса бергьине ругин, щайгурелъул, насранияб маданият лъазабиялъ тIубараб гуманитарияб лъайщвеялъул рахъ бичIчIи бигьалъулин, масала, гьебго адабият, дунялалъулго маданият, светияб этика ва цогидал дарсалин баян гьабулеб буго Владикавказалъулгун МахIачхъалаялъул епархиялъул бетIер Архиепископ Зосимаца.

Гьединго, гьел гьатIанкъоялъул щколалъул мугIалимзабазул кумек букIине бугила школалда батIи-батIиял тадбирал гьариялъе. Жакъа МахIачхъалаялда бугеб килясаялда хIалтIулеб буго гьеб динияб мактаб. Гьениб лималазе гуребги динияб лъай кьолеб буго чIахIиязеги.

Чанго сон балеб бугин гьеб хIалтIизе байбихьаралдаса ва гьеб мактабалда диниял аслу лъазе рес шолин ва гьелдаго цадахъ бичIчIи бижулин битIараб мекъаб батIа гьабизе лъалебин абулеб буго гьес.

Архиепископ Зосима: «Гьеб иш буго тIубараб епархиялъулги щибав чиясулги цадахъ гьабулеб хIалтIи. Светиябги диниябги цолъи букIин буго аслу миллатазда гъорлъги диназда гъорлъги цолъиги рекъелги букIиналъе».

Жакъа Дагъистаналъул рухIияб идараялъул нухмалъиялъ баян гьабулеб буго гьебго суал борхун чанго нухалъ бухьен гьабунин Дагъистаналъул тIалъигун, амма гьелъие жаваб щоларин.

Гьеб Москваялъул тIалъиялъ гьабураб хIукму рикIкIунеб буго цогидал диниял гIуцIабазул ихтиярал хвезарулеблъун. Масала, гьебго заманаялъ. Россиялъул цо-цо регионазада хIижаб чIван рачIарал ясал цIалуде риччаларого ругеб мехалъ,,босун киласаялъе динияб школа хIалтIизабище рес кьей гIаммаб лъайкьеялъул идараялда, мекъи бихьулеб буго.

Дагъистаналда, бищун бусурбаби гIемераб регион букIиналъ жакъа хIажат бугин школалда исламалъул аслуялъул ва исламалъул этикиял дарсал лъейилан рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи ва ГIолилазул ишазул министерлъиялъул хIалтIухъан МикагIил МикагIиловас. Гьесул пикруялда, экстемизм тIибитIулеб букIиналъе аслияб гIилла кколеб буго битIараб исламияб бичIчIи гьезда малъизе ресал гьечIолъи

МикагIил МикагIилов: «ГIолилал мекъаб нухда ккечIого рукIине, гьезда битIараб гIакъида малъизе буго хIажатаб. Жакъа рокъоб, школалда диналда хурхарал суалал ракканани гIолилазул, гьезие жаваб щолеб гьечIо. КъватIатIа щолеб буго жаваб мекъаб гIакъида шолеб буго гьезие. Жакъа Лъайкьеялъул министерлъялъгун теологиялъул институтгун цадахъ гьединал школазда специалистал рукIинаризе хIажат буго. ГIурого терроризм лъугIуларо. Масала, нилъеда аскIоб буго мисал. Чачаналъ щибаб школалда вуго гьединав хIалтIухъан-тарбия кьейгун рухIияб рахъалъ директор хисулев».

МикагIилил пикруялда, гьединал хIалтIухъаби школазда хIалтIизе лъечIониги, хIалтIулел мугIалимзабазул рухIияб рахъалъ квалификация борхизаби хIажатаблъун бихьулеб буго.

XS
SM
MD
LG