Россиялъ ва Гуржиялдаса батIа тIун чIараб Абхазиялъ гьабун буго «Рекъон хIалтIиялъул ва стратегиял гьоркьорлъаби цIуниялъул» къотIи. Тбилисиялъ рикIкIунеб буго гьеб бугин ЧIегIер ралъдал рагIалда бугеб жидер территориялъе анексия гьабиялъе лъураб галийин. Россиялъул президент Владимир Путиница ва Абхазиялъул де-факто президент Рауль Хаджинбаца 24 ноябралда Сочиялда гъулбас лъураб документалда абулеб буго нагагь Абхазиялде гьабураб рагъулаб тIадекIанцIи Россиялде гьабураб рагъулаб тIадекIанцIилъун рикIкIине бугин. Гьелда жеги бицен гьабулеб буго гIурусазулгун-абхазазул рагъулал къуватал гIуцIиялъул ва Абхазиялъул рагъулал къуватазе модернизация гьабизе Россиялъ гIарац биччазе букIиналъул.
Хаджибаца гьеб къотIи рикIкIунеб буго “ихтиярал бащадаб кIиго суверенияб пачалихъалъ гьабураб къотIилъун”. Амма Абхазиялда гьесул критиказ абулеб буго гьес Москваялъул контролалъе цIакъго гIемерал суалал ричIчIалел ругин.