Россиялъ кьваризабулеб буго Белоруссиялдаса рачIунел кванил нигIматазда сверун контроль. Гьелъул щаклъи буго Россиялъ санкциял лъазарурал улкабаздаса кванил-нигIматал гьез улкаялде рачIунел ратиялда. Щайгурелъул Евроцолъиялда гIурал ва Россиялде рачIине гьукъарал нигIматазул 10% Белоруссиялъ Казахстаналде ритIанинги абун Россиялда ричун ратун рукIун Россельхознадзоралда.