Гьев чIвана гъоркьисала риидал, жиндирго минаялда цеве. Жиндие хIинкъаби кьолел ругилан бицунаан гьес, гьединго цо нухалъ рукъалъул кIалтIа гьесде кьвагьдонги рукIана. Амма низам цIунулез гьеб хIужаялда сверухъ цIех-рех гьабун рагIалде бахъинчIо.
Гьанжеялдаса хадуб роцIцIине бегьулин АхIмаднабиевасул ишилан рикIкIунеб буго ХIажимурад Сагитовас. Гьев ккола АхIмаднабиев хIалтIулев вукIарав «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор.
ХIажимурад Сагитов: «ЦIех-рехчагIаз гьанже гьеб такъсиралъул цIех-рех цIидасанго байбихьизехъин буго, гIисинал хIужабаздегицин кIварги кьун».
АхIмаднаби АхIмаднабиевасул суалго гIадин, гьанжелъагIан Дагъистаналда чIварал журналистазул суалги борхун букIана исана октябралда журналист Максим Шевченкоца Россиялъул президент Владимир Путинилгун дандчIваялда. Гьединго гьеб суал борхун букIана гьелда цебехун, сентябралда Женеваялда тIобитIараб Дунялалъул цолъарал миллатазул гIуцIабазул данделъиялдаги.
Гьанже Россиялъул ва дунялалъул даражаялда жидер журналистасул бицине байбихьаниги, цо хIинкъиги баккун буго. Гьелъул бицунеб буго ХIажимурад Сагитовас.
ХIажимурад Сагитов: «ЦIех-рехчагIаз гьеб такъсир рагьизе бегьула гIицIго тIадехун ругезда берцин рихьизелъун, тIаса бихьизабизелъун. Амма гьез вихьизавулев чийищ вукIине вугев гъов АхIмаднаби чIварав чи, гуревищали – гьеб букIине буго захIматаб суал».
Дагъистаналда цо-цоязул пикру буго бицараб рагIуе, яги хъвараб макъалаялъе гIоло чIваларин журналистал, гьел чIвазе рес бугин гIицIго лъилалиго гIарцуда квалквадизе лъугьани, лъилалиго гIарац рикIкIине байбихьани.
Амма «Молодежь Дагестана» газеталъул бетIерав реактор ГIабаш ГIабашилов рази гьечIо гьелда.
ГIабаш ГIабашилов: «Щай чIваларел, нилъер берда цере руго гурищ гьединал хIужаби? Политикаялда гъорлъе лъугьунелги, гъурщида квер балелги – батIи-батIиял рукIине рес буго журналистал. Амма ругелъул журналистал гIицIго жидерго иш ракIбацIцIадго тIубалел, къваригIел гьечIеб бакIалде гъорлъе лъугьунарел. Гьединлъидал гьаб рахъги буго, гъоб цоябги буго. Щивасул къисматги батIи-батIияб буго. ЧIванкъотIун абизе бажаруларо».
ГIабаш ГIабашилов ккола чанго соналъ цеве чIварав Дагъистаналъул телевидениялъул нухмалъулев МухIамдхIажи ГIабашиловасул вац. Жегиги рагьун гьечIо гьеб такъсир. Амма кида-къадгIаги гьеб рагьиялде хьул буго ГIабаш ГIабашиловасул.
ГIабаш ГIабашилов: «РакIчIей гьечIо, хьул буго. РакIчIей гьечIо».
ЭР: «Низам цIунулез гьабулеб бугищ гьеб рахъалъ хIалтIи?»
ГIабаш ГIабашилов: «Низам цIунулез жидерго хIалтIи щвалде щун гьабулеб букIарабани – дун батIаго гьеб рахъ лъикI лъалев, яги гьезие къимат кьезе лъалев чи гуро – амма гьез жидедаго тIадаб иш гьабулеб букIарабани, гьадинан иш хадуб бехъерхъун хутIулароан, гьединго гьединал хIужабиги кколароан.
Амма гьезда киназдаго гIайиб чIвазеги рекъон букIинаро, ратила гьезда гьоркьорги жидерго хIалтIи лъикI лъалелги гьабулелги. Кин батаниги, ракIалде кколеб бугоха гъоз жидерго хIалтIи щвалде щун гьабулеб букIарабани гьагъадинаб чIвай-хъвей рагьичIого букIинароанилан».
АхIмаднабиев АхIмаднаби ккола ахираб 20 соналда жанир Дагъистаналда чIварал журналистазул 17 абилев. Гьезда гьоркьор руго информациялъул рахъалъ вукIарав кIиявго министрги – Аруховгун Гусаев, гьединго эркенаб газеталъул бетIергьанлъун вукIарав ХIажимурад Камаловги, «ХIакъикъат» газеталъул жавабияв секретарьлъун вукIарав ГIабдулмалик АхIмадиловги, цогидалги.