Ссылки для упрощенного доступа

В.Путин: Россиялъ халкъаздагьоркьосеб низам хвезабичIо


Германиялъул телеканалалъе интервью кьолаго Россиялъул президент Владимир Путиница абулеб буго Крым Россиялъе гъорлъе жубаялъе Магърибалъ мекъаб къимат кьолеб бугин.

Путинил хIисабалда Россиялъ халкъаздагьоркьосеб къанун хвезабичIо ва мисалалъе бачана Косово лъидаго бачIеб улкалъун лъазаби. Крымалъул гIадамазулги гьединабго ихтияр буго, ян абуна Владимир Путиница.

Гьеб гара-чIвари германиялъул журналистаз гьабуна Владивостокалда 13 ноябрялда.

XS
SM
MD
LG