Россиялъ нахъе ритIана Польшаялъул цо чанго дипломат. Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул информациялъул ва басмаялъул департаменталъ лъазабуна, гьел дипломатаз гьарулел рукIарал ишал гъозул статусталде данде кколарин.
Гьединго абулеб буго – гьеб бугин жавабияб тадбир. Гьалкъояз Польшаялъул тIадтараз нахъе ритIана Россиялъул цо-цо дипломатал рехсараб гIайиб гIунтIизабун.
Октябрь моцIалъул бащалъуда Польшаялда ккун рукIана Польшаялъул рагъулав хъулухъчи ва – Россиялъулги Поьшаялъулги кIиябго гражданлъи бугев хIалтIухъан.
Польшаялъул хасал хъулухъазул баяназда рекъон дов рагъулав хъулухъчи чанги нухалъ наделъанин Россиялъул рагъулаб цIех-рехалъул хъулухъчагIазулгун. Гьез гьесие гIарац кьун букIанин балъгояб информациялъухъ.