«Донецк ва Луганск областазда социалиябгун экономикияб ахIвал-хIал рукIалиде бачиналъул тадбиразул хIакъалъулъ» абураб Украиналъул Миллияб хIинкъигьечIолъиялъул ва улка цIуниялъул мажлисалъул буюри гъулбасана Украиналъул президент Петр Порошенкоца.
Документ гьоркьоб лъезе буго Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъ.
Гьелда бихьизабун буго нахъ тIамичIого «Донецк ва Луганск областазул цо-цо бакIазда жидецаго жидеего нухмалъиялъул хасаб къагIидаялъул хIакъалъулъин» абураб къануналъул хIалтIи нахъ тIамичIого чIезаби.