Россиялъ лъазабулеб буго санкцияби тIаса рахъиялъухъ Ираналъул ядерияб программаялъе гIорхъаби чIезариялда хурхараб къотIи-къай 24 ноябралде тIубазабизе бажаруларин.
КIиябго рахъалъе данде кколел компромиссал ратиялъе цIикIкIун заман къваригIине бегьулин лъазабуна Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул пресс-секретарь Александр Лукашевичица.
Аммайин лъазабуна гьесго хутIулел ругин цогиги рагIалде рахъинаричIел суалалин.
Тегераналъулгун гIемеррахъалъулал кIалъа-басаял тIоритIулел улкабазе бокьун буго Тегераналъ дунялалъе жиндирго ядерияб программаялъул рагъулаб хасият гьечIолъиялъе гарантияби чIезаризе.
Ираналъ нахъ чIвалел руго гьелде гIунтIизарулел гIайибал ва лъазабулеб буго жидер ядерияб программаялъул гIицIго ракълилаб хасият бугин.