Дагъистаналъул тахшагьар гIуцIаралдаса ун буго 170 сон. Цин гьелда цIар букIана Порт-Петровск, хадуб инкъилаб ккедал, лъуна социал-демократ МахIач Дахадаевасул цIар. Ригь арал дагъистаниязин абуни Анжи янги абула гьелда.
ПалхIасил, шагьаралда тIоцересел минаби рараб бакIалда, басрияб шагьаралда, ракIалде щвеялъул гамачI рекъезабуна республикаялъулг
МахIачхъалаялда сверухъ ругел лъарагIазул росабалъа гIадамазул гIемерисез билълъанхъизабул
Гьелда цадахъго лезги миллаталъул чагIазги ракIалде щвезабулеб буго Дербенталда бан тарихчи Муртуз ХIажиевас билълъинабулеб пикру. ГьанжелъагIан рикIкIунаан гьеб шагьар 5000 соналъ цебе гIуцIанин, гьанже тарихчияс чIезабун буго гьелдаса нахъе кIиазарго гурони сон инчIилан.
МахIачхъалаялъул бакIалда цебе некIсияб Анжи шагьар букIиналъул пикруялда тIадрекъолев гьечIо тарихчи Айтберов Тимур.
Айтберов Тимур: «ГIарабазул хъвай-хъвагIаязд
МагIарухъан МахIачхъалаялде рачIунеб шималияб мухъалда ираналъулаз буцур бан букIун буго 300 соналъ цебе. Гьеб букIун буго Дагъистаналде Ираналъул тIадецуй цIикIкIараб заман. Хадур гьенир чIваднал хутIун руго. Гьелги Калмыкалъул рахъалдасан тIадекIанцIиял рукIине бегьулилан, бакIалъул ханзабаз цIи гьарулел рукIун руго.
ПалхIасил, гьанжесеб МахIачхъала бугеб бакIалда кинабниги шагьар яги росу абураб жо букIинчIин бицана ЭР-лъе тарихчи Айтберов Тимурица. РукIанила гIицIго Таргъу, Кяхулай ва цогидал росаби. МахIачхъала бугеб гIемерисеб бакIалда хьуцIалги рукIанила, хутIараб рахъалда магIарухъа рачIарал гIадамаз магIарул нуцабазул ва цогидал ханзабазул гIиги хьихьулаанила.
Айтберов Тимур: «ПалхIасил, МахIачхъала бугеб бакIалда рукIана хъутаби. Гъазаваталъул заманалда Шамилил муридзабаз тIадекIанцIиял гьарулеб мехалда Анжи архъа абулеб бакIалда гIурусаз рана жидерго ярагъ, сурсатал жанир цIунулел бакIал. Гьеб кинабго жанибе бачараб хъаладул чIваднал рукIана дида лъалеб мехалдаги. Гьанже гьениб туснахъ буго. Цинги гъазават лъугIун хадуб гьеб бакI сверун минаби, портги, цогидабги базе байбихьана гIурусаз. Хадуб гьеб бакIалъе кьуна шагьаралъул даражаги. Гьеб буго дида лъалеб жо».
ТIоцебесеб МахIачхъала абулеб бакIалда, маяк лъураб гохIда, букIанин некIого гIадамал чIараб бакIин бицуна цо-цо махIачхъалаялъул