Бусурбабазда гъорлъ асар кIудияв медиа-магнат Мир Касем ГIали чIвазе хIукму гьабун буго Бангладешалъул диваналъ.
Гьесде гIунтIизарурал гIайибал – 1971 соналда Бангладешалъул эркенлъиялъе гIоло унеб букIараб рагъда рагъулал такъсирал гьари, гIадамал рикъи ва цогидал.
2013 соналда Бангладешалъул тIадтараз къана Касем ГIалил телеканалги газетаги. Гьел информалатаз «ЖамагIат – э –Ислами» партиялъул интересал загьирарулаан.
Касем ГIалил адвокатаз абулеб буго гьесие къотIараб хIукму ритIухъаб гурин ва жинца ТIадегIанаб Диваналде гIарз битIизехъин бугин.