Ссылки для упрощенного доступа

Украина-Россия: газил экспорталъул къотIи гьабун буго


Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас гьатIан къоялъ гъулбас лъуна Украиналде газил экспорталъул гумурукалъул магъало тIад чIезабиялда хурхараб хIукмуялда гъоркь. ЦIиял шартIал хIалтIизе руго 2015 соналъул 31 марталде щвезегIан.

Исана 31 октябрялда Украиналъ, Россиялъ ва Евроцолъиялъ Брюсселалда гъулбасал лъуна хасалил заманалда Украиналде газ бачиналда хурхараб къотIиялда гъоркь.

Гьелда рекъон исана сон ахиралде щвезегIан Украиналда тIадаб буго 3 миллиардгун цо миллион долларалде бахунеб налъул бутIа бецIизе. Налъул гIаммаб къадар 5 миллиардгун лъабго миллион долларалде бахунеб буго.

XS
SM
MD
LG