«Намус цIунун» жиндирго яцалъул яс чIварав Кизилюрт мухъалъул Нечаевка росулъа Къасум МухIамадовасе 7 сон туснахъалъул кьун буго. Гьев мукIурлъун вуго жинхъа чIвай-хъвей ккеялъе.
Гьедин лъазабулеб буго чIварай Марьям МухIамадовалъул эбель, Кусум МухIамадовалъул адвокат Салимат Къадировалъ.
22 сон барай Марьям МухIамадова чIван йикIана 20I0 соналъ Нечаевка росулъ. Адвокаталъул рагIабазда рекъон, Кусум МухIамадовалъ гIайиб гIунтIизабун буго Къасум МухIамадовасде.
Чанго сон бан букIун буго Марьям МухIамадова эбелгун цадахъ Москваялде яхъаралдаса. Нечаевкаялде гьей ун йикIун йиго гIагарлъиялъул берталъе.
Амма Дагъистаналде щвейгун гьелъул хабар къотIун буго. ИмгIаласул пикруялда Марьямил гIадаталда рекъечIеб хьвада-чIвади букIун буго.
4 сон къваригIун буго ритIухълъи тIалаб гьабиялъе. «Намус цIунун» гьарурал такъсиразул, гьеб иш бугин тIоцебесеб, такъсирчи тамихIалде ахIарабилан баян гьабуна адвокаталъ.
Цо 5 соналъ цебе цогIаги гьединаб чIвай-хъвеялъул хIужа низамцIунулезул сияхIазде кколел рукIинчIин. Гьанжеги , чIвай-хъвей ккун бугониги, такъсиралда хурхун иш рагьи цIакъ къанагIат бугила.
Щай гьел такъсирал низамцIунулезул сияхIазде кколарел, щай гьеб гIагарлъиялъ тIалаб гьабулеб ритIухълъиги «Цояб бохда рекъаб» бугебали баян гьабун, гьадин бицана «Эркенлъи» радиоялъе адвокат Салимат Къадировалъ
Салимат Къадирова: «Ясазул чIвай-хъвеял нилъер гьанир, Дагъистаналда ккей, жакъа бахъараб жо гуро. ГIадаталда рекъон. гьитIинабниги гъалатI ккун бугони ясалъухъа, яги гъалатIго ккечIего, хабар, мацI рагIани.
ГIагарлъиялда бигьаяб бихьулеб буго яс чIван тIаса йихьизайи. ЦIех-рех гьабун, уйяб бугищ гьечIищали хал гьабичIого. ГIемерисеб мехалъ. Гьединал чIвай-хъвеял тумухалда жаниб данд бан гьабулеб буго».
Гьедин, дандбан гьабураб чIвай-хъвей кколила гьейго МухIамадова Марьям чIвай. Кусум МухIамадова мукIурлъичIила гIагарлъиялъ къотIараб диваналъе. Щай гьел тайпаялъул ишал низам цIунулезухъе кколарел. яги, нагагь ккананиги, гьеб гьоркьор ун, къан толел абуни, гьелъие кIиго гIилла бугила.
ЧIварай ясалъул эбел гIарза хъван полициялде къанагIатги унарила, щайгурелъул жиндирго рос вукIа. вас вукIа, яги вац вукIа, гьел сурулеб ва киназдаго рагIун рогьояблъун кколалъун. Цогияб рахъалъ, гьеб бугила низщам цIунулез хIалтIи гьабунгутIиялъул хIасил.
Салимат Къадырова: «ГIадамаз гьеб гIадат кколеб бугониги, низам цIунулез гьелъул рахъ кквезе бегьуларо. Гьелда данде хIалтIиги гьабизе ккола. ХIалтIи гьабизе квекIен гьабулеб буго дагъистаниязул менталитеталъ.
Жакъа Жанисел ишазул идарабазул хIалтIухъаби кколел руго бихьинал, гьел такъсирчагIигун цуцада ричIчIулел руго. Гьез хIаракат бахъула чIвай-хъвей бахчизе».
Цо бахчи гуребги гьединал ишал сияхIазде росунгутIи, тIакъсирчагIазул рахъкквейги бугила низамцIунулезе хасиятаб. Масала, Хасавюрт шагьаралда 14 сон барай ясалда чанго гIолилас хIал гьабун буго.
Гьей ясалъул вацаз, намус ва хъизамалъул къадру цIуниялъе, гьей яс чIван йиго. Вацазул пируялда гьединаб рогьо рокъоб букIаго, гьезие жидеего чIужу щвей щакаб букIун буго.
ХIал гьабурал гIолилаздаса рецIел босиялдаса, бигьаяблъун бихьун буго яцги чIван намус бацIад гьаби. Намус бацIад гьабиялъул къурбаналлъун кколел руго гIицIго руччаби. Амма, гьединаб намус цIуни кколеб буго рекъаб, цо-цо мехалъ тIубан мекъабги.
Адвокаталъул рагIабазда рекъон, билълъун араблъун лъугьун буго бихьинчиясе зина гьаби ва ригьнада гурел гьоркьолъаби рукIин ничаб гуреб, цIаруе лъугьунеблъун букIин. Гьедин, ясгун гьоркьоблъи бугони, бихьинчиясе гьелъул щибго рогьо кколеб гьечIо, ясалъул гIумруда гъулбас лъуниги.
Амма гьеб я Ислам-диналъул, я унгояб къимат-къадруялъул къануназда данде кколеб гурила.
Дунялалда тIад, гIицIго исламалъе хасиятаб гуреб, киналниги патриархалиял гIуцIи хасиятал бакIазда кколел лъугьа-бахъинал руго намус цIунун руччаби чIвай. Масала, Индиялда. Бразилиялда ва цогидал, гIадатазда рекъон хьвада-чIвади билълъун араб бакIазда.
Human Rights Watch абураб ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ жиндир интернет-сурсаталда баян гьабухъе, «Намус цIунун» руччаби чIвай кколеб буго руччабазул ихтиярал хвезарулеб регион букIиналъул тIоцебесеб хIужа. Кавказалда гьединал рахчун хутIуле чIвай-хъвеязул къадар, гьоркьохъеб куцIалъ, 100 чIужугIаданалде бахунин баян гьабуна Къадирова Салиматица.