Украиналъул президент Петр Порошенкоца рузман къоялъ жиндирго рахъ кколел халкъиял депутатазулгун тIобитIараб данделъиялда Арсений Яценюк вихьизавуна Украиналъул премьер-министрасул хъулухъалде.
Порошенкол рагIабазда рекъон гIемерисез гьарулеб букIана гьеб хъулухъалде вукIарав вице-премьер Владимир Гройсман тIамизе. Аммаила, абуна президентас, Украиналъул цолъиялъе гIоло Яценюк хъулухъалде тани, лъикIилан. Гьадин лъазабулеб буго «Украинская правда» газетаялъ.