Китаялъул тахшагьар Пекиналда байбихьараб регионалияб конференциялда кIалъазе вахъарав Афгъанистаналъул президент Ашраф Гъаница ТIалибан багъа-бачариялдехун вуссун, ахIи бана ракълилал кIалъа-басаязде гъорлъе жубаялде. «Рекъел бугин бищун хIажатаб жо» ян абуна Гъаница.
Китаялъул премьер-министр Ли Кэцяницаги Афгъанистаналъул батIи-батIиял къукъаби ахIана маслигьаталде.