Ссылки для упрощенного доступа

Вакцина: гьабилищ, гьабиларищ?


Хаслихълъи тIаде щвеялда цадахъ цогидал регионаздаго гIадин, Дагъистаналдаги байбихьун буго гриппалда данде вакцинация. Аслияб куцалъ гьеб тIобитIулеб буго школазда ва лъималазул ахазда. Улбузул разилъиялда рекъон гьабулебищ яги тIадабищ бугеб дагъистаналда вакцинация?

Дагъистаналда гриппалда данде къеркьеяллда хурхун кинабниги 99% гIадамазда гъорль вакцинация тIобитIанин лъазабулеб буго Роспотребнадзор абураб гIуцIиялъ. 99% кколеб ьуго гьеб вакцина гьабизе бихьизабураб къадаралда гъорлъ «Гриппол» ва Гриппол плюс» вакцина гьабурал гIадамал.

Кинабниги 20I4 соналда жаниб гриппалда данде вакцина гьабизе гIаммаб куцалъ вихьизавун вугин млн чийин баян гьабулеб буго Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул вакилас.

Аслияб куцалъ вакцинация тIобитIулеб буго школазда ва лъималазул ахазда.

МахIачхъалаялъул школалда хIалтIулей Абакарова Каринаца абулеб буго киналго цIалдохъабазда гьабунин вакцинация ва цогIаги ккечIин инкар гьабулел улбул.

Вакцинация тIобитIулеб буго эбел-инсул разилъиялдаса. Каринаца тIаде жубана гьезул рес бугин инкар гьабизе, амма киназдаго бичIчIизабулин, вакцинация тIобитIиялдаса пайда гуреб жо кколарин, щай гурелъул гьелъ чорхое кумек гьабулеб букIиналъ унтуда данде къеркьезе.

Абакарова Карина:«СанайIил тIобитIула школалда вакцинация. Вакцина гьабилалде цин хал гьабула лъимадул температура бугищали, гьединго щекъералъул хал гьабула. Унтун вукIиналда щаклъи кканани гьабуларо вакцина.

Гьединго нижеца улбузул разилъи букIун гурого гьабуларо гьеб. Аслияб куцалъ гриппалда данде вакцинация тIобитIизе хIалтIизабула «Гриппол» ва «Гриппол плюс» абурал вакцинаби. Гьединго вакцина гьабизе бегьунгутIи бихьизабурал лъималазеги гьабуларо гьеб».

ГIемерисез абулин, вакцина гьабиялъул пайда гьечIин. Гриппалъул вирус хисулеб букIиналъ, амма гьеб мекъаб пикру бугин , щай гурелъул, аслияб куцалъ гьеб вакцинаялъулъ гIаммаб куцалъ гриппалда данде къеркьезе ресал кьолеб букIиналъин баян гьабуна тохтуралъ.

КинабгIаги пайда гьечIин вакцина гьабиялдаса, хасго унти тIибитIулеб ригь байбихьараб мехалъилан рикIкIунеб буго Медикияб академиялъул аспирант Самедов Адамица.

Хаслихъе, киназулго иммунитет гIодобе ккун букIуналъ, цIакъ гIемер гьаваялдаса тIиритIулел вирусазда данде къеркьолеб букIунин черх, гьеб тIадеги вакина гьабиялъ тIуван захIматго унтизе рес бугин инсан.

Дагъистаналда инсанасе бокьун гьабизе кколеб гьеб вакцинация, гIемерисеб мехалъ хIал гьабун гьабизабулеб буго. Масала, букIун буго лъугьа-бахъин, эбелалъ вакцинаялдаса инкар гьабидал, лъимер садикалде босулареб хIал гьабилин тохтурзабаз хIинкъаби кьолеб.

Гьединго, лъиего балъгояб гуро кколеб, цо-цо азарханабазда батIи-батIиял вакцинаби гьарулел рукIин жеги хIалбихьиялда ругел. ГIемерисез, гьабизе кколин абидал, суалал кьечIого гьарулилда гьел , амма гьезда бичIчIуларила жидерго сахлъиялъе зарал гьабуле батизе рес букIин жидецаго.

Гьабулеб бугониги вакцинация тIобитIизе санагIатаб ригь бугилда рии, щай гурелъул гьеб мехалъ черх хIадур букIине ресал гIемер рукIиналъ хаслихълъиялде.

Соналдаса соналде гIемерлъулел ругин вакцинация тIобитIизе инкар гьабуле улбул. Масала, камуларин гьабуоаб къоялдаса нахъе цогIаги вакцина гьабичеб лъимерин бицана Адамица.

Жинца жиндир васасда вакцина гьабизе толарин, щайгурелъул тохтураз, сундуе гьабулеб бугебали бицинарин гьеб. Гьедин, цо вакцинаялдаса хадуб унтунги вукIанин захIматго жиндир васин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе МухIамадов Шапица. ХIасанов МухIамадица рикIкIунеб буго вакцина гьабизе тIадаб бугилан.

Аслияб куцалъ гIолохъанал улбуз баян гьабуна жидеца вакцинаялдаса инкар гьабулилан. ГIиллаги гьелъие бугила тIибитIулеб бугеб батIибатIияб информация вакцинабаздаса бугеб заралалъул бицунеб.

Санайил Дагъистаналда кьурал сияхIазда рекъон, гIаммаб куцалъ 90% цIикIкIун гIадамазда вакцинаби гьарулел руго. Амма гьеб тарих мекъаб букIин баянлъулеб буго жамгIияб цIех-рехалъул хIасилалда.

Гьединго вакцинаялъул кколеб бумек бихьулеб гьечIо гриппалъул инфекциябазда данде бичараб дару-сабабалъул сияхIалдаса. Гьедин Россиялда 20I3 соналъ кинабниги 57 млрд гъурщиде дару-сабаб бичун буго Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон.

XS
SM
MD
LG