ГIиракъалъул тIалъиялъ лъазабухъе Жуфр аль-Сахар абулеб шагьаралъул рагIалда бугеб балагьутIа бакIалда итни къоялъ гьабураб гьужумалъул хIасилалда гIага-шагарго 27 чи чIван вуго, анцI-анцIгоявги лъукъанин.
Аслияб къагIидаялда гьел киналго кколаан хIукуматалъул рахъ кколел шиитазул яргъид гIуцIарал рагъухъаби. БалагьутIа-бакIалда автомашинаялда жаниб букIараб кьвагьулеб алат хIалтIизабуна живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурас.