Шамат къоялъ радал Ираналда диваналъул хIукму тIубазабун, гIанкъизаюн йиго бакIалъулаб хасаб хъулухъалъул хIалтIухъан чIваялъул гIайиб гIунтIизабурай 26 соналъул гIел букIарай Рейгьан Джаббари.
Гьелъул рахъ ккун интернеталда тIобитIулеб букIана тIубараб кампания.
Инсанасул ихтиярал цIунулез, гьездаго гъорлъ Цолъарал миллатазул гIуцIиялъулаз, рикIкIунеб буго, 2007 соналда Мортез Абдолали Сарбандиде данде Джаббарица нус хIалтIизабунин жийго цIуниялъул мурадалдайин, хасаб хъулухъалъул идараялъул хIалтIухъанас гьелде сексуалияб хIал гьабизе байбихьараб мехалдайин.
Джаббарида хурхун тIобитIараб процесс ва гьелъул хIукму инсанасул ихтярал цIунулез рикIкIунеб буго мекъаблъун.
Диваналъул хIукму тIубазабун букIиналъул хIакъалъулъ лъазабуна IRNA агентлъиялъ ва «Фейсбукалда» ираналъулалъул рахъ ккун кампания тIобитIараб жамгIияб къокъаялъ.