Данделъиязул, манифестациязул, митингазул ва демонстрациязул эркенлъиялъе Россиялъул халкъалъул лъабго проценталъ гурони кIвар кьолеб гьечIин, лъазабуна Россиялъул омбудсмен, ай, инсанасул ихтиярал цIуниялъул тIадкъаял ругей Элла Памфиловалъ.
Гьелъул рагIабазда, ЖамгIияб пикру баянлъизабиялъул фондалъулгун цадахъ гьабураб цIех-рехаз бихьизабулеб буго, гьикъа-бакъи гьабурал россиялъулазул 70 проценталъ тIоцебесеб проблемалъун чIобогояб медицинаялъул ихтияр рикIкIунеб букIин.
ХIалтIул ихтияр ва хIалтIухъ дандекколеб мухьалъул проблема актуалияблъун рикIкIунеб бугин респондентазул бащдаб къадаралъин. Гьелда хадуб унеб рагIула хасаб эркенлъи, къануналда цебе ращалъи, ритIухъаб диван гьабиялъул ихтияр, чIобогосеб лъай щвей ва социалияб квербакъи.
Памфиловалъул рагIабазда, гьеб статистикаялъ ургъел ккезабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулезул. Щайгурелъулин, жубалеб буго омбудсменалъ, гIадамаз букIине кколеб къагIидаялда кIвар кьолеб гьечIин жидерго ихтияразе ва гьел хIадурал гьечIин улкаялда лъугьаб бахъунелъул жавабчилъи тIаде босизеян.