Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул официалияй вакильлъун гьанже-гьанже тIамурай Федерика Могериница лъазабуна Европарламенталда кIалъалаго, Евроцолъиялъ кIудияб кIвар буссинабизе кколин жиндирго машрикъалъул мадугьалзабаздейин.
Евроцолъиялъ тIубанго рахъ кквезе кколин Украиналъул жинкъигьечIолъиялъул, политикиял интститутазул реформабазул, экономикиялгун энерегетикиял суалазулин. Аммайин Евроцолъиялъ рахъ кквезе кколин гьединго Молдавиягун Гуржия гIадал Россиялъул цогидал мадугьазабазулгийин. Гьоркьорлъаби гIуцIизе кколин Армениялъулгун, Азербайджаналъулгун, Беларусалъулгунин.
Могериница лъазабун буго гьединго, Россия кколин дунялалда стретегияб улкайин. Нилъеца гьелъулгунги гьоркьорлъаби хисизаризе кколин гIагарисеб щуго соналда жанибин. Нилъеца Россиялъулгун гьоркьорлъаби гIуцIизе кколин нилъерго хIинкъигьечIолъиялъулу мурадалдайин, жубан буго Могериница.