Пачалихъияб Думаялъ «Ротенбергил къанун» къабул гьабиялде данде пикетал тIоритIана Санкт-Петербургалда «Весна» абураб гIолилазул демократияб багъа-башариялъул щуго хIаракатчияс.
Гьединаб цIар щвараб къанун къабул гьабуни, къватIисел улкабазда жидер буголъи аресталде гъоркье ккарал олигархазе компенсация кьезе буго федералияб бюджеталдаса.
Активистазухъ рукIун руго «Дир кIалгIаялъул кIвар Россиялъул бюджеталдасаги кIудияб буго», «Ротенбергил виллабазухъ баркала, россиялъулални балагьун чIун рукIинин!» абун хъварал «Газпромалъул» бутIер Алексей Миллерил, «Роснефталъул» президент Игорь Сечинил, бизнесменал-вацал Ротенбергазул суратал.