Ссылки для упрощенного доступа

Россиялъ Украиналъул рагъулал бутIрул такъсирчагIилъун рикIкIкана


Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ такъсирчилъиялъул ишалъул цIех-рех рагьана Украиналъул улка цIуниялъул министрасда ва гьеб улкаялъул рагъулал къуватазул Генералияб штабалъул бетIерасда хурхун. Россиялъул тIадтараз Валерий Гелетеясде ва Виктор Муженкосде гIунтIизабулеб буго чIвадариялъул, геноцид гьабиялъул ва рагъ къануназде данде кколареб къагIидаялда бачиналъул гIайиб.

ЦIех-рехалъул комитеталъул официалияв вакил Владимир Маркиница лъазабуна, геноцидилан абураб ишалъул хIасилалда лъабазаргогIан чи къурбанлъун кканин.

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул баяналда рекъон Украиналда дагIба багъараралдаса 2200 чи чIван вугин, гьезда гъорлъ – Украиналъул 700 аскарияв.

XS
SM
MD
LG