Ссылки для упрощенного доступа

«Дагъистан гуро, Россия тун ана»


Инсанасул ихтиярал хвезаригун цадахъ къо бахъанагIан хIалуцунеб бугеб ахIва-хIал бугин аслияб гIиллалъун гIадамал батIиял улкабазе гочиналъе абураб жаваб кьолеб буго батIи-батIиял улкабазда чIей бугел Дагъистанияз. Кинал гIиллаби ругел гIадамазул рижараб ракь тун ине? Бицунеб буго Алиса Алдашевалъ.

Жакъа Дагъистаналда 40% цIикIкIун гIадамазухъ руго гIорхъи тун къватIирехун ине изну кьолел паспортал. Гьеб кколеб буго 30% цIикIкIун 10 соналъ цебе букIараб тарихалдаса.

Гьедин лъазабулеб буго Дагъистаналъул миграциялъул управлениялъ. Гьелдаго цадахъ хIукумат биххун хадуб цIакъ дагь букIараб , гьанже соналдаса соналде гIемерлъун буго къадар Дагъистаналдаса батIиял хIукуматазде гIумру гьабизе арал гIадамазул.

Идараялъул официалиял баяназда рекъон Дагъистаналдаса батIиял хIукуматазде халат бахъун гIумру гьабизе яги тIуранго гIумру гьабизе арал гIадамазул къадар мухIкан абизе гьукъараб бугин, амма 2000-абилеб соналдаса байбихьун Дагъистан тун аразул къадар 10 азар чиясде бахунин, гьезда гьоркьоса Россия тун арал гIагашагар 4000 гIанасев чи вугин, гьеб тарихги цIикIкIунеб бугин.

Инсант вижараб ракь тун батIияб чияраб ракьалда гIумру гьабизе иналъе гIилла бугин хIукуматалда бугеб политикияб, экономикияб ахIвал-хIал сабаблъун ин.

Гьелда гьоркьобги аслияб бутIа кколеб буго хIалтIищвеялъулъ, жидерго бизнес цебетIеялъулъ хIукуматалъул рахъалдасан квекIенал ккарал гIадамал гочун иналъ.

Гьедин, жиндирго щватаби рукъулеб цех букIарав ГIалилов АхIмадие батIи-батIиял хIукуматалъул гIуцIиялъул гIадамал рачIун , цин цояб, цинги цогиял гIунгутIаби ратидал гьезде берал къанщиялъухъ гIарацги тIалаб гьабидал, щибго цебетIей букIинчIолъиялъ гьес жиндир бизнес Узбекистаналде бахъун буго, ва гьениб хIалтIизабулеб буго.

Кизилюрт мухъалдаса Салманов Камал Дагъистан тун ун вуго 2004 абилеб соналъ, цIали лъугIигун.

МацIал лъазариялъул тIадегIанаб лъай бугев жиндие Дагъистаналда гIицIго учительлъун хIалтIи тун батIияб хIалтIи щвезе рес букIинчIила, гьениб щолеб гIарацги цIакъго мукъсанаб букIуналъ, гьелдаго цадахъ даимаб ришватчилъиги хIел-хIелги рихун, танила жинца Дагъистан ва Россия.

Жакъа къоялъ гьес гIаммаб куцалда 10 сон бан буго батIияб пачалихъалда гIумру гьабун. Камалил баяназда рекъон, гIадамасе цеветIезе кумек гуреб квекIенал гьарунгутIиги, жиндирго иш рагьизеги ресал рукIин бугила камураб жо Дагъистаналда ва тIолго Россиялда.

Инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужаби къо бахъанагIан гIемерлъулел ругин Дагъистаналдайилан абулеб буго ихтиярал цIунулез. КъанагIат гуро гьеб кколеб аслияб гIиллалъун вижараб ракь тун иналъеги.

Масала, Мусаев Муса кколев вуго салафиявлъун. Гьев Дагъистан тун ун буго чанго сон. Амма жинца Дагъистан гурин тараб, жинца Россия танин абулеб буго гьес.

Гьесул рагIабазда рекъон, инсанасул ихтиярал хвезариги, къо бахъанагIан гIемерлъулел ругел батIи-батIиял экономикиял гIузрабиги , гьеб ахIвал-хIал лъикIаб рахъалде хисулеб гьечIолъиги ккун буго аслияб гIиллалъун Россия тун иналъе.

Мусаев Муса: «Дун Дагъистан тун гуро арав, дун ана Россия тун. ХIукумат тун иналде, дун ичIго соналъ вукIана Москваялда гIумру гьабун. Дагъистаналда буго киса кибего тIибитIараб ришватчилъиги кIигьумерчилъиги, гьеб Дагъистаналъе хасиятаб жо гуро, амма заман анагIан гьеб гъорлъ босун буго гIадамазулъ.

Заман бахъанагIан гьеб хIалуцун гурого, тIагIунеб гьечIо. Гьелъ дица тана Россия. Цогияб гIилла букIана дир ихтияр хвезари.

Гьединго гIадамасул диниял бербалагьиялъухъ балагьун гьесие къимат кьолеб букIинги. Масала, дун къватIиве вахъанани, документал цIехон чагIи рачIуна аскIоре, нагагь, паспорт рокъоб хутIун бугонани гIемерал квекIенал ккола, участокалдецин вачуна, хIатта инсан тIагIинецин рес буго араб бакI лъачIого.

Щай, щайгурелъул диналда рекъон чи хьвадулев вугонани, гьев танкан рикIкIунев вуго хIинкъи бугевлъун. Гьел киналго гIиллаби хIисабалде росун дун батIияб хIукуматалде гочана».

КъанагIат рукIунарин батIияб хIукуматалде цIализе ва хIалтIизе арал гIадамал гьенирго чIолел. Амма гьенир чIунилан гьел гIагараб ракьалъе хилиплъараллъун рикIкIин мекъаб бугин рикIкIунеб буго Мусаца.

Жакъа Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал хIисабалде босун, экспертаз рикIкIунеб буго Дагъистаналда инсанасул ихтиярал хвезариялъул хIужаби хIисабалде росанани абизе бегьулин Дагъистаналъул тIалъиялъул киналгIаги ресал хутIун гьечIин гIадамал цIунизе, кинабго кверщел федералияб централъухъ бугин, амма гьеб данде кколарин хIакъаб республикаялъул даражаялъе.

XS
SM
MD
LG