Ссылки для упрощенного доступа

Вашингтоналъ баянлъизабуна, щай Сириялда авиакьабиял щвезарулел ругелали


Сириялъул территориялда «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул позициязда авиакьабиял щвезариялъул формалияб багьана буго Сириялъул нухмалъиялда радикалиял исламистазул тIадекIанцIиял нахъ чIвазе гьечIеб рес.

Гьедин лъазабулеб буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялда йигей Цолъарал Штатазул даимай вакил Саманта Пауэрица ООНалъул генералияв секретарасухъе битIараб къагътида.

Пауэрица жиндирго улкаялъ гьарулел галаби хурхинаруна Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Уставалъул 51 статьяялда. Гьелда бихьизабун буго жидеде данде агрессия гьабулел улкабазул жалго цIуниялъул мурадалда индувидуалиял яги коллективиял тадбирал тIоритIиялъул ихтияр.

«Нагагьлъун жиндаса хIинкъи бугеб пачалихъалъе жиндирго территория тIадекIанциязе хIалтIизабизе гьукъизе бокьун яги бажарулеб гьечIони, пачалихъазул рес букIине кколин жалго цIунизе», - ян хъвалеб буго кагътида.

Пауэрил рагIабазда, ГIиракъалъул хIукуматалъ Цолъарал Штатазда гьарун буго ГIиракъалде тIадекIанцIиязе ахир лъеялъул мурадалда «Исламияб пачалихъалъул» Сириялда ругел базаби тIагIинариялъул халкъаздагьоркьосеб хIаракаталъул нухмалъи гьабеян.

XS
SM
MD
LG