АрбагI къоялда Япониялъ цIиял санкцияби лъазаруна Россиялде данде гьелъ Украиналда хурхун билъанхъизабулеб политикаялъе гIоло.
Япониялъул министразул кабинеталъул секретарь Ёсихидэ Сугаца лъазабуна, Россиялъул чанго банкалъе гIорхъаби чIезарун, гьукъулеб бугин Япониялда жидерго багьаял активал тIиритIизаризеян.
Гьеб гуребги ракIалда ругин Россиялде ярагъалъул экспорт чIезабизегиян. Япониялъул санкциязул сияхIалде ккун буго Сбербанк, Внешэкономбанк, Газпромбанк ва Россельхозбанк.